Поэтическим талантом обладал акнадинский педагог,
Заслуженный учитель школ Дагестана,преподаватель
английского языка Магомед Мустафаевич.
Значительная часть литературных произведений
ностальгический характер и посвящена
родине предков- аулу АКНАДА ,родной природе
,заброшенным лесам,родникам,лугам
и белоснежным вершинам Богоса.
❁❁❁
"АКНАДА росу"
Рилълъа,вацал,яцал,т1адмаг1арухъе,
Т1егьалеб бук1араб Ват1ан бихьизе.
Т1ат1ал рукъзабаз къач1араб хъала,
Ч1вадназде сверараб сипат бихьизе.
Т1егьалеб бук1араб Ват1ан бихьизе.
Т1ат1ал рукъзабаз къач1араб хъала,
Ч1вадназде сверараб сипат бихьизе.
Нахъа тана кьог1ал,халатал нухал,
Г1асиял свераби,рорхатал муг1рул.
Гьалагал г1оралгун г1емерал лъарал,
Лъалхъич1ого щвана ниж Агьанире.
Гьале цебе ч1ана кьурул к1амурги,
Х1ежалде,рагъазде вассал рег1араб.
Росдал агьлуялъул тарих-ц1аралъе,
Хилиплъич1еб нуг1лъун ккола мун нижей.
Росулъ руссунезул х1ухь бахъулеб бак1,
Росу тун унаго рег1улеб майдан.
"Гьвай т1анеб абунин" жинда абулеб,
Аваданаб свери ккола мун нижей.
Гьале росдал чаг1аз ахираб нухалъ,
Халатаб сапаргун Устар рег1араб,
Х1ежалдаса нахъе дов вуссинч1елъул,
Гьев к1очонгут1изе бараб ганч1ил си.
Гьаниса бихьула Акнада росу,
Нилъее хирияб хвел гьеч1еб росу,
Г1емерал къисматал рихьараб росу,
Шамилил Сибирин ц1ар щвараб росу.
К1удияв Дибиргун г1алимчи Шарип,
Гъазияв Дибиргун,Х1адол Мух1аммад,
Мутаг1илзабигун ва г1алимзаби,
Г1емер жаниб г1ураб г1агараб росу.
Диналъул цевехъан Ах1мадх1ажияв,
Давудил Мух1аммадх1ажигун цадахъ,
Жиддаялда нилъер Устарги вукъун,
Къваридго руссараб панаяб росу.
Ислам-дин бокьиялъ жибго мулкги тун,
Мугьажирзабазе къо-мех лъик1 гьабун,
Халатаб сапаралъ г1араб ракьалде,
Г1адамал рег1араб г1азизаб росу.
-Ассалам г1алайкум,дир инсул Ват1ан!
Гьенире рач1ине изну бугищ дур?
Зиярат гьабизе ниятгун ругин,
Нахъе къот1ич1ого къабул гьаре ниж.
Вай,дуе ккараб щиб,щай пашманлъараб?
Щайзе дуца бет1ер г1одоб къулараб?
Сунца мун ч1унтараб,лъица биххараб,
Хвел гьеч1еб хъалалъун гурищ бук1араб?
-Дир халкъалъ рехун тун,къварилъи бак1лъун,
К1ала гъоркье бортун ана дир ч1ух1и.
Заманалъул гьирал раччи зах1матлъун,
Ч1вадназде сверана сог1ал азбарал.
Росу бакьулъ бугеб хирияб мажгит,
Азан ах1ич1ого буго ч1обого.
Харабазул рух1ал руго роржунел,
Жанир какал разе чиго гьеч1ого.
-Ассалам г1алейкум,я хабал агьлу!
Аллагьас чураги нужер мунагьал.
-Ваг1алайкум салам, нижер ирсилал,
Аллагьас рохалилъ таги нуж даим.
Аллагьас чураги нужер мунагьал.
-Ваг1алайкум салам, нижер ирсилал,
Аллагьас рохалилъ таги нуж даим.
-Нуж гьал хабалазулъ щай рукъун гьеч1ел?
Щай хабал къадазда т1епун ч1ун ругел?
-Ниж руго рагъазда,гъазаваталда
Диналъухъ рух1 бичун росулъ руссинч1ел.
-Лъик1 рук1а г1агарал нижер кулаби,
Бошола,Мигъила ва Рогьо-тили.
Атабала,Цабагъадари,
Агьожи,Техъалъибцинги Улала.
Рекьелла,Хьведажи ва Арзамана,
Милъи-муццулажи ва Корсомаги,
Икьи,Бакьи-тили ва К1вейлъингу,
Чарагьури-тили ва Каалъажи.
Авал росдай лъураб Агьабалъи бак1,
Анццодьи,Ангверкьи,Игьвац1абакьи,
Кьог1лъи росдай щвараб лъел станция,
Хъвач1ого хут1арал цоги кулаби.
Лъик1 рук1а Ццарамкьи,Агьожи,
Росда нахъа бугеб Беччи-эккубги.
Киналго марккваби ва рег1елаби,
Ц1ар рак1алда гьеч1ел г1емерал бак1ал.
Руссина ниж духъе,Бичас биччани,
Чан сон ва г1асраби нахъе таниги,
Теларо ирсилаз улбузул Ват1ан!
ИншаАЛЛАГЬ!